x

Меню
+ -
Шрифт

Мавлиды


Бисмиллагь цебе бахъун

Бисмиллагь цебе бахъун хъвазин дагьал рагIаби,
Расуласде хIажатаз хIалхьезегIан цIализе,
ХIабибуллагь вокьараз данде руссун ахIизе,
Эсул хIакъикъат бицун цо дагьав гаргадизин.
Баркат кIудияв ТIагьа тIолгояз рехсолелъул,
ТIоцебе Аллагьасе рецц гьабизе рекъола.
РахIматалъул авараг вокьун мавлид ахIулез,
Эсде свалат битIиги — суннатабилан буго.
АлхIамдулиллагь, щукру, щибаб рецц Дуе, Аллагь,
Гьаб эркенаб гIумругун гIатIидаб ризкъи кьурав,
ГIакълуги кьун, лъайги кьун, лъикIаб-квешаб бижарав,
Кинниги батIулалда тIад рекъей Жиндир гьечIев.
Гьелда хадуб салават Расуласул заталде,
Зоб-ракьалъул тIабигIат тIубан жиндий мукIурав,
ТIолго гIалам хIайранав, хIурулгIинал урхъарав,
Аварагзабацаги василатлъун гьавурав.
Хирал малаикзабаз икрам жиндий гьабурав,
Исламияб диналде данде нилъ ракIарарав.
Данделъун салат битIун ТIагьа кIодо гьавизин,
Гьесул баракатги шун шафагIаталъ росизе.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!
Аллагьасул вокьулев ракьалда загьирлъизе
Замана гIагарлъидал гIаламатал тIатана.
ГIилму бугел кашишал китабазде раккидал,
Киназего хIакълъана ХIабиб гьавураб заман.
ХIакъав Бичасул Расул дунялалде вачIиндал,
ЧIезе бакIал тIагIана тIолго инкарчагIазе.
Ахир заманаялъул авараг гьави лъайдал,
Лъукъарал эзул курмул киданиги сахлъичIо.
СагIадат насиблъарал, иман бугеб агьлуялъ
Аллагьасе рецц гьабун гьавуна АхIмад кIодо.
Эсул умматлъун рати — кIудияб рохел буго,
Рохалида битIизин ТIагьаясде салават.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!
Адамил наслуялъул васлъун вижананиги,
Жиндиралдаса цебе цойги нур загьирлъичIев,
Зарраби рижинелде вижарав нилъер ГIазиз
ГIаламалъ хира гьави — Халикъас тIад гьабуна.
ТIолго анбияазде илгьам гьабураб гIилму
МигIражалдеги ахIун АхIмадиде манлъана,
Эзде рештIарал тIахьаз ТIагьал хабар бицана,
Хадуб Къуръан рештIиндал тIолго эл насхулъана.
ХIарф рикIкIун магIна бугеб гIилму бергьараб Къуръан,
Къадру гьабун цIализе нилъеда кодоб щвана.
Къуръан-тIабигIат бугев ТIагьа — Расулги вокьун,
Кьезин берцинаб салам свак тун киналго вацаз.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!

Берциназул сси хварав

Берциназул сси хварав, сабру бугел гIашикъав
ГIакълу бугел хIайранав, хIелму бугел урхъарав
Агьлуллагьазул султIан, садатазулги имам,
Анбияазулги хан, халкъалъул Расулуллагь.
Къуват бугел хIинкъарав, хIал бугел гIажизлъарав
ГIелму бугел мукIурав, макру бугел загьирав,
Залимзаби паркъарав, пакъирзаби рохарав,
Ханзабазул нур сунев, сиражул мунир бугев.
Мунагьазул дараби дунялалде щущарав,
ШафагIатазул гIорал гIаламалъе риччарав,
ГIилмугун караматал умматалъе рикьарав,
Авлияазул рахас нахъаса къотIуларев.
Аллагьас гьобол гьавун гьаваялде воржарав,
МигIражалдеги ахIун АхIмадилан цIар тарав,
ХIалкIун салат битIизе тIолгоял данделъизин,
ТIагьаясул равхIани ахIизин мажлисалде.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!

РахIманасул цIаралда

РахIманасул цIаралда цIар хурхарав Авараг,
Умматан ахIулаго рухI босун арав ШафигI,
ШафагIат гьараразе гьоболъи цIакъав ХIабиб,
Гьидаят бокьаразе бикьулев Расулуллагь.
РакIалда нифакъ бугел къабихI гьарурав асад,
Къосарал инкарчагIи копой гъурарав гъалбацI,
Гъазаватазул эмен, умматалъул берзул нур,
Барка дуе, Авараг, Аллагьас кьураб къуват.
Эбелалда ургьивго Аллагь рехсей гьуинав,
Гьавун хадуб гIибадат гIадамазда балъгояв,
ГIилму-караматалъул керен жаниса цIурав,
Жабраилас ракIалда сирру лъун, мугьру чIварав.
МархIаба, ХIабибуллагь, хIелму бергьарав инсан,
Сумма алхIамдулиллагь, дур умматлъун ратидал.
Барка РабигIул-аввал - АхIмад гьавураб шагьру,
Барка хирияб итни - уммат бохараб сордо.
Къуръаналда РахIманас, я МухIаммад, абичIо,
Эсул къадру хвеялъулъ хилифлъи ккелебилан.
Хириясул адаб кквей — умматалъул фарзлъидал,
Адабалда битIизин тIолгояз эсде салат.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!
Берциназул сси хварав, сабру бугел гIашикъав,
ГIакълу бугел хIайранав, хIелму бугел урхъарав,
Агьлуллагьазул султIан, садатазулги имам,
Анбияазулги хан, халкъалъул Расулуллагь.
Къуват бугел хIинкъарав, хIал бугел гIажизлъарав,
ГIелму бугел мукIурав, макру бугел загьирав,
Залимзаби паркъарав, пакъирзаби рохарав,
Ханзабазул нур сунев, сиражул мунир бугев.
Мунагьазул дараби дунялалде щущарав,
ШафагIатазул гIорал гIаламалъе риччарав,
ГIилмугун караматал умматалъе рикьарав,
Авлияазул рахас нахъаса къотIуларев.
Аллагьас гьобол гьавун гьаваялде воржарав,
МигIражалдеги ахIун АхIмадилан цIар тарав,
ХIалкIун салат битIизе тIолгоял данделъизин,
ТIагьаясул равхIани ахIизин мажлисалде.

МархIаба, ХIабибуллагь

МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, Нуруль-гьуда!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, ГIиззуль-гIараб!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, Абул Къасим!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, Абу ТIаййиб!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, НигIматуллагь!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, РухIуль-къуддус!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, ГIайнуль-гIиззи!
МархIаба, ХIабибуллагь, ЛъикI щварав, ГIайну-ннагIим!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Расулуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – ХIабибуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Набийюллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Сафийюллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Каримуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – РахIматуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Аминуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – СиратIуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммад – Нажиюллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммадун – Сайфуллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммадун – Зикруллагь!
Ла илагьа илла ллагь, МухIаммадун – ХIизбуллагь!
Дур мавлид кIодо гьабун, берталъе рачIун ругин,
ВачIа мунги гьоболлъухъ, гьарула дуда, ХIабиб!
Дур щафагIат щоялде анищ-хьулалда ругин,
Щва нежер мажлисалде, гьарула дуда, ХIабиб!
Дур умматлъун ратидал рохел гьабулел ругин,
Рохел гIахьал гьабизе, гьарула, вачIа, ХIабиб!
ВачIиналде божигун ниж тIаде рахъун ругин,
Жаваб разиго гьабе, гьарула дуда, ХIабиб!
Рокьи дуде букIиналъ данде ракIарун ругин,
РахIмат бикьизе вачIа, гьарула дуда, ХIабиб!
Гьидаяталъул гъапу рагьизе кIолеб гьечIин,
КIулалги росун вачIа, гьарула дуде, ХIабиб!
ХIаяъ тун ахIи байдал гIайиб гьабуге, ТIагьа,
АтIфалаз умумузул адаб ккун бахъунарин,
Адабтей махIаббаталъ жанибго гIанкъулелъул,
Нежер адаб теялда чIового тIаса лъугьа!
Я, Рабби, берцин гьабе ХIабибасул хобгин рухI,
Гьуинал махIаздалъун, свалат-саламалдалъун!
Я, Рабби, ризкъилъун кье ХIабибасул шафагIат
Гьаб нежер мажлисалда данделъаралщиназе!
Амин Аллагь, я Аллагь! Амин Аллагь, я Аллагь!
Амин Аллагь, я Аллагь, къабул гьабе, БетIергьан

Зодиб бугеб цIва рикIкIун

Зодиб бугеб цIва рикIкIун цIоб рещтIаги, я Аллагь,
ЦIар берцинав ТIагьаде, тIолго хIаваижазде!
Дуниял цIураб боцIул цIоко-тIомалда бугеб
ТIолго расгIан гIемераб салатги лъе, я Рабби!
Ралъдалъе ччугIби рикIкIун, ччугIбузда куркьбал рикIкIун,
Кинабго сасу рикIкIун саламги лъе, я РахIман!
Рохьоб бугеб гъветI рикIкIун, гъотIода тIамах рикIкIун,
ТIад бижараб пихъ рикIкIун рештIаги тIаде рахIмат!
МугIрул цIураб гIи рикIкIун, гIуру цIураб хер рикIкIун,
Харида кьибил рикIкIун рештIаги тIаде баркат!
Их бачIиндал цIцIадалгIан, цIорой ккедал гIаздалгIан
ГIадад хIасру лъалареб хIасуллъаги даража!
Боржун унеб хIинчI рикIкIун, хIанчIида куркьбал рикIкIун,
Куркьбазда хIули рикIкIун, хIулиялда рас рикIкIун,
Ракьалда бижанщинаб боржун унеб рухI рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
Анкьалго зобал цIурал малаикзаби рикIкIун,
Малайкзабаз гьабулеб даимаб тасбихI рикIкIун,
ТасбихIазул хирияб — субхIаналлагьги рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
Алжан рикIкIун, цIар рикIкIун, цIер гIадин тIагIам рикIкIун,
ТIуба абураб гъотIол тIолго гIаркьел-кар рикIкIун,
Рахьдал, жадул гIор рикIкIун, гIурул къатIраби рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
ХIурулгIинал данде къан, буракъал гъорлъе рачун,
Гъоз рарал санабазул сардалгин къоял рикIкIун,
Къоял сардазда жанир сагIтал-минутал рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
Халкъалда дин малъарал Дур илчизаби рикIкIун,
Эзда тIадкъай гьабураб тIолго Дур Калам рикIкIун,
Кинабго данде къараб Къуръаналъул хIарф рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
ХIарфалда хIарак рикIкIун, хIаракул магIна рикIкIун,
МагIна хъвараб тIехь рикIкIун, тIехьалда рагIи рикIкIун,
ТIахьал данде гьарурал гьал гIуламаал рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
ГIуламааз ахIараб, Аллагь, Дурго цIар рикIкIун,
КIалдиса рухI инегIан эз цIараб хIухьел рикIкIун,
ХIетI лъураб балдат рикIкIун, бахъараб гали рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!
Доз хъварал тIахьал цIалун тIокIлъарав гIалим рикIкIун,
ГIалимас тIовитIарав тIолго жагьилав рикIкIун,
Гьел киназего хъварал Дур даражаби рикIкIун
Расулгун агьлуялда, Аллагь, лъеги Дур Салам!

Я Бичасул Авараг

Я Бичасул Авараг, уммат хирияв ХIабиб,
ХIалкIолеб гьечIо нижер низамалда хьвадизе.
Замана квешлъун ккедал, куфру гIемерлъун ккедал,
Кинабго чулпа лъугьун чара къотIун ккун руго.
Чорокаб-бацIцIадалъе цIоб гIатIидав Аллагьас
ГIафву гьабун течIони, рорчIизе бакIго гьечIо.
Гьеб рахIмуги нижее РахIманасул щвеялъе
Щибниги далил гьечIо дур мунажат гурони.
Диналъул къадру гьечIел къулубал ратаниги
Къабул гьабе, я Аллагь, ахIараб нижер мавлид!
ХIалал-хIарам жубараб тIагIам батананиги
ТIаса лъугьа, БетIергьан, гьелда ниж рази гьечIин!
Мун вокьун данделъарал диналъул вац-яцазе
Дурго шафагIатазул щвезабе, ХIабиб, бутIа!
ХIисаб-суал гьабизе ГIарасалде рачиндал,
Нечон, хIинкъун ниж тоге, хIакъав русулазул хан!
Ахир заманалде ккун зунубал цIикIкIарал ниж,
Забаниятал рачIун басра гьаризе тоге!
Тавбуялъе кIвахIалаб агьлу ниж ругониги
ЖужахIалъул цIедаса цIуне дуца, Авараг!
Аллагь, Гъафуру-РрахIим, ХIабибасда цIоб лъеги,
ЦIадул балагьалдаса уммат хвасарлъиялъул!
Хасго рецц Дуе, Халикъ, халкъ бижарав БетIергьан,
ТIагьал бицун кIалъазе кIал-мацI нижее кьурав!
Астагъфируллагь, РахIман, тIолго мунагьаздасан,
Мун рази гьечIебщинаб фигIлу-къавлуялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун кIалъараб кIалалдаса,
Бахъараб хIетIалдаса, бегьараб квералдаса!
Мун разияб гурелде балагьараб бердаса,
РагIизе хIарамалде гIинтIамун чIеялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун биччараб хIухьладаса,
Дун квешлъи гьабулесда тIад рекъон чIеялдаса!